Скачать презентацию
Идет загрузка презентации. Пожалуйста, подождите
Презентация была опубликована 5 лет назад пользователемВалентина Белецкая
1 Предмет: Маг1арул мац1алъул тарих
2 Дарсил тема: «Христианазул ва ислам дин байбихьараб заманалда маг1арул мац1 хъвай-хъваг1аялде босиялъул т1оцересел х1албихьиял»
3 Дарсил мурад: а)маг1арул мац1 хъвай-хъваг1аялде босиялъул т1оцересел х1албихьиял Дагъистаналде христиан ва ислам дин, гьезда цадахъ гуржиязул ва г1араб мац1 бач1иналда рухьарал рук1ин студентазда лъазаби ва бич1ч1изаби; б) маг1арул калам цебет1езаби.
4 Рокъобе кьураб х1алт1ул халгьаби
5 1) Лъица рак1алде щвезабилеб, араб дарсида бицараб темаялда ц1ар щиб бук1араб? 2) Чанабилел г1асраби гьел рук1арал? 3) Христиан дин бач1иналдалъун, маг1арул халкъалъул ва мац1алъул г1умруялъулъ кинаб хиси ккараб?
6 4) Гуржиязул хъвай-хъваг1аялъул лъалк1ал ратиялъул кинаб к1вар бугеб маг1арул мац1алъул хъвай- хъваг1аялъе? 5) Христианазул дин т1ибит1и кида байбихьараб ва жегиги кидаялде г1ат1илъараб? 6) Щай гьеб дин т1ибит1и г1ат1илъараб?
7 7) Сунца квербакъулеб бук1араб христиан дин Дагъистаналда, хасго маг1аруллъиялда, т1ибит1иялъе?
8 8) Щиб нилъеда бихьулеб бугеб экраналда?
9 9) Лъица ва кида ц1аларал гьел хъвай-хъваг1аял?
10 10) Гьеб хъвай-хъваг1аялъул х1акъалъулъ А.С.Чикобаваца щиб хъвалеб бугеб? «Гьеб хъвай-хъваг1аялъул буго 11 мухъ ва к1иго бут1а. К1иябго бут1аялъул гуржиязул рахъ гьабун буго килисаялъул уставалъулаб хъвай-хъваг1аялда, маг1арул бут1а гьабун буго килисаялъул мухъилаб шрифталъ. Гуржихъваялъул раг1аби руго къокъ гьарурал, маг1арул хъвай цо нухалъ гурони къокъ гьабун гьеч1о, раг1аби кьун руго къокъ гьарич1ого. Маг1арул раг1абазе аслияб к1вар кьураб къаг1ида буго. Гуржи х1арпаз хъварал маг1арул раг1аби руго гьадинал: Хут1арал маг1арул раг1аби хвезарун руго, ц1ализе бажарулареб х1алалда. Хъвай-хъваг1аялде балагьун гьеб бук1ине кколеб буго г1асрабазул. Хадусел г1асрабазул гьеб бук1унгут1и х1акъаб буго, щайин абуни, 15 г1асруялде Дагъистаналда ислам дин г1ат1идго т1ибит1ун бук1индал»,
11 11) Лингвистикияб рахъалъ А.С.Чикобаваца гьелъие кинаб къимат кьолеб бугеб? «Лингвистикияб рахъалъ хъвай-хъваг1ай ц1акъ къиматаб буго, нек1сияб маг1арул мац1алъул документ х1исабалда, г1амгьабун босани, дагъистаналъул мац1азул документ х1исабалда. Гьеб нек1сияб маг1арул т1адхъвай бик1к1ун буго гуржиязул шрифталда. Гьеб буго гьелъул щаклъи гьеч1еб культуриябгун тарихияб маг1наялъул къимат».
12 12) 1952 соналда цоги кинаб памятник батараб? Лъида батараб ва лъица ц1алараб?
13 13) Гьаб памятникалъул х1акъалъулъ щиб нилъеда лъалеб? ТИМАЛАТ1АЦ1ОБЕГ ТИМАЛАТ1АЦ1ОБЕГ «Лъималат1а ц1об лъеги»- «Помилуй детей»
14 14) Хадусел памятникал кир ва кида ратарал? Щиб заманалда гьел хъвай- хъваг1аял гьарурал? 15) Гьел хъвай-хъваг1аязул памятниказда бан проф. А.Р.Шихсаг1идовас щиб абураб? «Гьел хъвай-хъваг1аял ккола маг1арул мац1алъул тарихалъул памятникаллъун ва т1оцебесеб гуржиязул алфавиталдалъун маг1арул раг1аби хъвараб документлъун». 16) Проф. Шихсаг1идовасул раг1аби сунца рит1ухъ гьарулел?
15 17) Христиан диналда бан доб заманалда г1урусазул росарал нилъер г1адамазул ц1арал кинал ругел? Г1андуник1-Андроник, Г1алисканди- Александр, Харит1он-Харитон, Тамари, Элени ва цогидалги.
16 18) Чан соналъ халатбахъараб Дагъистаналда христиан дин ва гуржиязул хъвай-хъваг1ай т1ибит1и? Кин гьеб унеб бук1араб? 19) Хадуб кинаб дин гьелда гъорлъе жубараб? Гьезул гьоркьоблъи кинаб бук1араб?
17 20) Щиб нилъеда абулеб бугеб гьаб тарихалъ? Гьаб заманалда щиб лъугьараб?
18 21) ХV-ХV1 г1асрабазда щиб лъугьараб? 21) ХV-ХV1 г1асрабазда щиб лъугьараб? Вахушти Багратионил карта
19 22) Бусурбан дин кида бач1ине байбихьараб ва гьелда цадахъ щиб т1ибит1араб?
20 23) Г1араб мац1алъ хъвараб бищунго нек1сиябилан рик1к1унеб текст щиб кколеб? Лъида ва киб гьеб батараб?
21 24) Киб ва кин гьабун бугеб гьеб т1адхъвай? 25) Щибилан гьениб хъван бугеб? «Бисмиллагьи ррах1мани ррах1им ! Г1акъа гьабуге мазгит гьабуразе / росда Алак мазгита вакъпу гьабурал Г1акъа гьабуге бусурбаби».
22 26) Гьаб т1адхъвай гьабураб заманалъул х1акъалъулъ щиб нилъеда лъалеб? 27) «Къородисезул т1адхъваялъул» нилъее кинаб к1вар бугеб? 28) Ахирал соназ ратарал нек1сиял хъвай-хъваг1аяз щиб нилъеда бихьизабулеб бугеб?
23 29) Щив нилъеда вихьулев гьаб сураталда? 30) Кинаб суалалда т1ад гьев х1алт1улев вук1арав жиндир заманалда?
24 31) Щиб нилъеда экраналда бихьулеб бугеб? 1485 сон
25 32) М-С.Д.Саг1идовас щиб абулеб бугеб гьелъул х1акъалъулъ? «Бищунго цересел г1араб х1арпаз хъварал маг1арул раг1аби нилъеда дандч1вала Аваристаналъул к1удияв нуцал Г1андуник1ил васигаталда. Гьеб васигаталъул кагъат хъван буго 1485 соналъ машгьурав г1алимчи Г1андиса Г1алимирзаца. Г1араб мац1алда хъвараб гьеб васигаталда буго 16 маг1арул раг1иги, г1араб х1арпаз хъвараб. Гьединан нилъеда цебе буго 15 г1асруялда гьабураб маг1арул хъвай- хъваг1аялъул памятник».
26 33) Гьал раг1абазе баян кье. Муг1рузул Улка – Дагъистан
27 34) Экраналда лъил сурат кьун бугеб?
28 35) Киб ва кида М-С.Д.Саг1идовасда батараб васигаталъул кагъат ва киб гьеб ц1унун бугеб? 36) Васигаталда бугеб нек1сияб хъвай- хъваг1аялъул анализ гьабулаго, М-С.Д. Саг1идовас щибилан хъвалеб бугеб? 37) Гьеб васигаталъул кагътида ругел ва цогидалги нек1сиял хъвай-хъваг1аязул документаз щиб нилъеда абулеб бугеб, щиб гьез бихьизабулеб бугеб? 38) ХV11 г1асруялда Маг1аруллъиялда г1емерисел документал кинаб мац1алда хъвалел рук1арал? Гьенир дандч1валел маг1арул раг1аби кинал раг1аби рук1арал?
29 Нилъер араб дарсида бицинч1ого хут1араб ислам дин бач1ингун лъугьарал хиса- басиял
30 Тарихалъул тартибалда хадусеб г1араб х1арпаз хъвараб маг1арул хъвай- хъваг1ай ккола Шамил районалъул Бакълъухъ росдал мажгиталъуб бугеб ганч1ил къоноялда гьабураб хъвай- хъваг1ай. Гьениб хъван буго: «Масжид (мажгит) бана 973 соналъ, ай соназ» Г1араб х1арпаз хъварал маг1арул хъвай-хъваг1аял нилъехъе г1емерал щвана.
31 Гьезие мисаллъун ккола машгьурав г1араб мац1алъул г1алимчи Харахьиса Т1айгибица ( ) г1араб т1ахьазул т1амчазда жиндирго квералъ гьарурал хъвай-хъваг1аял. Гьев Дагъистаналда машгьурав вук1ана г1араб мац1алъул, адабияталъул, маданияталъул ва тарихалъул г1алимчи х1исабалда. М-С.Д.Саидовас хъвалеб буго: «Харахьиса Т1айгибица таржама гьабун къач1ана г1емерал г1араб грамматикаялъул текстал, логикаялъул ва диалектикаялъул г1елмиял асарал»,- абун. [Саидов, 1948: 138] Г1араб т1ахьазул т1амчазда кьолел жиндирго таржамабазда ва г1елмиял баяназда гьес кьолел рук1ана г1емерал маг1арул раг1аби ва раг1абазул дандраял. Гьездасан нилъеда бич1ч1ула маг1арул алфавит доб заманалда къач1ан бук1араб ва х1алт1улеб бук1араб куц. Гьенир рук1ана г1араб х1арпаз хъварал гьадинал маг1арул раг1аби: Байбихьула дица, бокьараб, г1инт1аме, варанидул кьили, т1ажу, квербакъи, гьунса, кьариял руччаби, дуде буго дир хьул, пурцих1инч1(галка), шинк1ил(копыто) ва цогидалги.
33 17 г1асруялъул ахиралде г1араб х1арпаз хъвараб маг1арул мац1алъул хъвай- хъваг1ай лъик1го т1ибит1ун бук1ана. Гьел соназ машгьурав г1араб мац1алъул г1алимчи Г1ободаса Шаг1баница ( ) маг1арул мац1алда хъван рук1ана жиндирго текстазда басралъарал диалектиял раг1аби. Шаг1бан г1емерал соназ бусурбанлъиялъул Бакъбаккуда ц1алулев вук1ана соналъ гьениса вуссаралдаса Шаг1баница Маг1аруллъиялда рагьана т1оцебесеб г1араб мац1алъул школа. Шаг1баницаги гьесул ц1алдохъабазги маг1арул мац1алда хъвадарулаго пайда босулеб бук1ун буго гьединго г1араб алфавиталдаса. Гьаниб г1ажаиблъи гьабизе бегьула Аваразул нуцаллъиялъул цо-цо г1адамал Шаг1банида к1алъалел рук1араб къаг1идаялда: «Лъик1аздасаги лъик1ав, рак1бац1ц1адаздасаги рак1бац1ц1адав, бищун г1акъилав, кьолел г1акъилал г1елмабазул учитель, г1араб ва персазул мац1азда гъорлъ восарав, г1адатаб ва шариг1аталъул ихтиярал лъалев, Дагъистаналъул къадиязулги къади, жив султ1анасда аск1ов моц1рода аск1об ц1ва г1адав». Жалго хундерил диалекталъул г1адамал рук1аниги, Харахьиса Т1айгибица ва Г1ободаса Шаг1баница хъвалеб бук1ана хундерил диалекталда гуреб, болмац1алда, ай г1аммаб литературияб мац1алда. Гьелъ нилъеда абулеб буго доб заманалдаго «болмац1» литературияб мац1 х1исабалда х1алт1изабулеб бук1анилан. Гьеб х1акъикъаталъул нилъее к1удияб к1вар буго тарихияб тартибалда маг1арул мац1алъ литературияб норма ц1унулеб бук1ин лъазеялъе г1оло.
34 Закаталаялъул маг1арулазда гьоркьоб г1араб хъвай-хъваг1ай ва г1араб мац1 т1ибит1изе байбихьана 13 г1асруялде щвелалде. 17 г1асруялда гьезул ц1аларал чаг1аз рахьдал маг1арул мац1алда т1ирит1изарулел рук1ана исламиял асарал. Гьезул цояб ккола Ч1аралдаса Маллах1асаница коч1одалъун бац1ц1адаб литературияб маг1арул мац1алда загьир гьабураб нилъер Аварагасул(с.т.г1.в.) биография.
35 Цох1о маг1арулазул гуребги, т1олабго Дагъистаналъул г1елмуялъе ва маданияталъе кьуч1 лъуразул цоявлъун ккола Къудукьа Мусаласул Мух1амад ( ). Къудукьа Мусалав ккола Г1ободаса Шаг1банил вук1арав мутаг1ил – ц1алдохъан. Гьесул к1удияб махщел бук1ун буго цогидаздасан т1асан хъван т1ахьал хъвазе. Хъван буго 300- ялдаса ц1ик1к1ун т1ехь Х1асан Алкъадари ( )
36 Х1асан Алкъадарица гьев рик1к1унаан « жинца Дагъистаналда г1елмаби ва искусство т1ибит1изабулев машгьуразулги машгьурав г1алимчилъун ». Къудукьа Мусаласул рахьдал мац1алда хъварал куч1дул рик1к1уна маг1арул художествияб литератураялъул т1оцересел асараллъун. Кинабго рахъалъан лъай ц1ик1к1арав гьесда лъик1 лъалаан г1емерал г1елмаби. Х1асан Алкъадарица гьев рик1к1унаан « жинца Дагъистаналда г1елмаби ва искусство т1ибит1изабулев машгьуразулги машгьурав г1алимчилъун ». Къудукьа Мусаласул рахьдал мац1алда хъварал куч1дул рик1к1уна маг1арул художествияб литератураялъул т1оцересел асараллъун. Кинабго рахъалъан лъай ц1ик1к1арав гьесда лъик1 лъалаан г1емерал г1елмаби.
37 Машгьурав академик В.В.Бартольдица абун буго: « Дагъистаналда г1адин, жиб рахьдал мац1лъун кколареб г1араб мац1 т1ибит1араб цоги х1укумат жинда дандч1вач1о »,- ян. Ахирал соназ Къудукьа Мусаласул Мух1амад преподавательлъун х1алт1улев вук1ана Сириялъул Алепо шагьаралда. Гьесул бук1ана г1араб мац1алъул предложениял гъваридго рич1ч1улеб хасаб хъвай-хъваг1аялъул къаг1ида. Гьеб къаг1идаялъул лъалк1ал я г1арабиязул х1укуматазда, я цогидал бак1азда г1араб мац1алъул хъвай-хъваг1аязда ратун гьеч1о.
38 Гьединавго машгьурав маг1арул мац1алда т1ад х1алт1арав г1алимчи ккола Г1аймакиса Абубакар ( ). Жакъа къоялде лъала гьесул маг1арул мац1алда хъварал 12 асар, Мавраевасул типографиялда къват1ире риччарал. Абубакарил творчествоялъ к1удияб бак1 ккуна маг1арул литературияб мац1 гъварид гьабун цебет1еялда гьоркьоб. Гьесул лъик1го къач1арал куч1дул т1ирит1иялъ цойиде ккезабуна гьанжего гьанже г1уц1улеб бук1араб литературияб маг1арул мац1. Доб киса-кибего г1араб мац1 т1ибит1араб заманалда рахьдал маг1арул мац1алда хъвадари, шиг1риял асарал къват1ире риччай бук1ана ц1акъ цебет1ураб ишлъун. Ч1агояб маг1арул мац1алда хъварал, гьоркьоб г1араб раг1и гьеч1ел гьесул ваг1заби рук1ана унго-унгоял шиг1рияб пасих1лъиялъул мисалаллъун. « Г1аймакиса Абубакарица т1оцебе бихьизабуна рахьдал мац1алъул бечелъи ва шарт1азда рекъараб бажари, гьелъул художествияб къуват ва пасих1лъи »,- ян хъвалеб буго проф. М-Р Х1айбулаевас. Гьесул туркаби хъван руго аслияб къаг1идаялда болмац1алда, камуларо гьоркьор диалектиял раг1абиги.
39 Маг1арул мац1алъул ва литератураялъул т1оцересел соназул тарихалъулъ Кудалиса Х1асанил ( )шиг1рияб ирсалъ ккола к1вар бугеб бут1а. Маг1арул мац1алда туркаби хъваразул т1оцересезул цоявлъун вук1ана Х1асанги. Гьедин гьес бихьизабуна цох1о г1араб мац1алда гуребги, бац1ц1адаб маг1арул мац1алдаги гьединал асарал хъвазе бегьулеблъи, зах1матаб иш гьеб бук1аниги. Проф. М-Р.Х1айбулаевас хъвалеб буго: «Г1аймакиса Абубакарил ва Кудалиса Х1асанил нилъехъе щварал цо-цо мисалиял асаразул х1исаб гьабураб мехалда абизе бегьула, 18 г1асруялдаго унеб бук1анин маг1арул литературияб мац1 лъугьиналъул ва цебет1еялъул иш».
40 Маг1арул мац1алда хъварал г1емерал хъвай-хъваг1аял нахъе ц1унун руго машгьурав г1алимчи ва шаг1ир Гьарак1униса Саг1идил (1763/4-1834).
41 Саг1идие гъваридаб лъай щун буго жиндирго к1удияв эмен Г1аймакиса Абубакар-х1ажиясдасан ва Кудалиса К1удияв Х1асанидасан. Машгьурал г1алимзабаз гьев рик1к1унев вуго Къудукьа Мусал Мух1амадида, Г1аймакиса Абубакарида ва Кудалиса Х1асанида хадув маг1арул хъвавул адабияталъул байбихьиялъул рахасалъул цо г1ек1лъун. Ахирал соназ Саг1идил батун буго 11 шиг1рияб асар. Гьездасан анлъго – маг1арул литературияб мац1алда хъвараб, щуго – г1араб мац1алда хъвараб. Гьединго ц1унун хут1ун руго 400-г1анасеб кагъат, Саг1идица г1алимазухъе, т1адчаг1азухъе, росабазул жамаг1атазухъе хъварал. Гьесул мадрасаялъулги библиотекаялъулги муг1рузул улкаялда ц1ар ун бук1ун буго. Гьесда цеве ц1алун вуго 500-ялде г1агарун ц1алдохъан, библиотекаялда бук1ун буго 900 квералъ хъвараб т1ехь, гьездасан 200 гьес жинцаго хъвараб. Т1адег1анав Аллагьас барахщич1ого кьун бук1ун буго Саг1идие мац1алъеги раг1уеги гъварилъи ва пасих1лъи. Доб заманалдаго мааг1арул мац1алъул берцинлъиялда, кеч1 гьабун бугеб махщалида г1ажаиблъи гьабизе бач1уна Саг1идил «Х1амихъ маг1у» абураб кеч1 ц1алулаго. Саг1идил г1елмуялъеги, г1акълуялъеги, мударислъиялъеги т1адег1анаб къимат кьуна цереселги гьанжеселги рик1к1ен г1емерал г1алимзабазги пикручаг1азги. Амма 25 соналъ маг1арулазул гъазаваталъе бет1ерлъи гьабурав имам Шамилица, Калугаялде щведал, кьуна гьесие киналго раг1абаздаса т1аде борч1араб къимат: «Гьарак1униса Саг1ид вук1ана нижер бет1ерав, бищунго аслияв муг1алимлъун». Шамилица гьел раг1аби абула ч1ух1адго ва к1удияб х1урматалда.
42 Хунзахъа Дибиркъадил ( ) ц1аралда унго-унголъунги бухьинабула г1ажамилан жинда ц1ар лъураб хъвай-хъваг1аялъул т1ибит1и ва цебет1ей. Гьев вук1ана жинда г1емерал Бакъбаккул ва бак1алъулал, Дагъистаналъул, г1емерал мац1ал лъалев чиги, машгьурав таржамачиги. Гьес маг1арул мац1алде руссинарурал Бакъбаккул гьоркьохъеб г1асруялъул адабияталъул асараз, щаклъи гьеч1ого, к1удияб бут1а лъолаан маг1арул мац1алъул раг1абазул нахърател бечед гьабиялъулъ.Гьесго г1уц1арал рук1ана маг1арулгун тумазул, маг1арулгун гуржиязул ва маг1арулгун азербайджаназул к1алъаялъул словаралги, г1араб ва парс мац1азул грамматикаги. Гьел ц1алараб мехалъ цо г1алимчияс абурабила, гьев Тегераналдаса вук1аравани, дунялалдаго лъалаанин, Хунзахъа ватидал, лъалев гьеч1ин. Хунзахъа Дибиркъадил ( ) ц1аралда унго-унголъунги бухьинабула г1ажамилан жинда ц1ар лъураб хъвай-хъваг1аялъул т1ибит1и ва цебет1ей. Гьев вук1ана жинда г1емерал Бакъбаккул ва бак1алъулал, Дагъистаналъул, г1емерал мац1ал лъалев чиги, машгьурав таржамачиги. Гьес маг1арул мац1алде руссинарурал Бакъбаккул гьоркьохъеб г1асруялъул адабияталъул асараз, щаклъи гьеч1ого, к1удияб бут1а лъолаан маг1арул мац1алъул раг1абазул нахърател бечед гьабиялъулъ.Гьесго г1уц1арал рук1ана маг1арулгун тумазул, маг1арулгун гуржиязул ва маг1арулгун азербайджаназул к1алъаялъул словаралги, г1араб ва парс мац1азул грамматикаги. Гьел ц1алараб мехалъ цо г1алимчияс абурабила, гьев Тегераналдаса вук1аравани, дунялалдаго лъалаанин, Хунзахъа ватидал, лъалев гьеч1ин.
43 Дибиркъадица г1уц1ана 38 х1арп жинда гъорлъ бугеб маг1арул мац1алъул алфавитги. Гьесул алфавиталда 5 рагьараб гьаракьалъул бак1алда бук1ана 3 рагьараб гьаракь. Гьединал г1унгут1аби рук1аниги, Дибиркъадил алфавит х1алт1изабулеб бук1ана 1928 соналде щвезег1ан. Г1ажам хъвай-хъваг1ай г1уц1иялъ рес кьуна 19 г1асруялъул ахиралда ва 20 г1асруялъул байбихьуда Дагъистаналъул халкъазул мац1азда Мавраевасул типографиялда 100ялде г1агарун т1ехь къват1ибе биччазе. Гьездасан 44 т1ехь бук1ана цох1о маг1арул мац1алда хъварал ва 20ялдаса ц1ик1к1ун нилъерго маг1арул автораз хъварал ва таржама гьабурал. 19 г1асруялда маг1арул т1ахьал цох1о басмаялда рахъи гуребги, квералъги хъвалел рук1ана. Автораз гьенибги ц1унулеб бук1ана маг1арул мац1алъул хъвай-хъваг1аялъул г1елмияб къаг1идаги, грамматикияб г1уц1иги, раг1абазул бечелъиги. Г1емер рук1ана бац1ц1адаб маг1арул мац1алда цоцадасан хъварал медициналъул т1ахьал. Абизе бегьула, 19 г1асруялда г1араб х1арпаздалъун хъвараб маг1арул мац1алъул хъвай-хъваг1ай халкъалъул г1умруялъул ва рук1а-рахъиналъул киналго рахъазда х1алт1изабулеб бук1анилан.
44 Инхоса Г1алих1ажияв ( )
45 Инхоса Г1алих1ажиясги хъвалел рук1ана жиндирго асарал г1араб мац1алда гуреб, маг1арул рахьдал мац1алда.Гьес маг1арул мац1алъул кьуч1алда цебет1езабулеб бук1ана г1араб мац1 к1очон тезабулеб маг1арул адабият. Церехун рехсарал ва цогидалги нек1сиял г1алимзабазул асаразда бан мац1азул г1алимчи проф. Н.С. Джидалаевас хъвалеб буго: « Коч1олал асарал хъвазе диниял г1алимзаби, къадиял, будун-дибирал рач1иналъул доб заманалъул Дагъистаналъе бук1ана к1удияб к1вар, щайгурелъул гьез борхизабулеб бук1ана рахьдал литературиял мац1азул творчествоялъул къадру ва къимат, гьединго жалго гьел мац1азул халкъазда цебеги борхулеб бук1ана рахьдал мац1азул къимат; гьелъ цебет1езабулеб бук1ана дагъистаналъул мац1азул хъвай-хъваг1ай ва ц1ик1к1инабулеб бук1ана мац1аздехун бугеб рокьи », абун.
46 18 г1асру маг1арул халкъалъе бук1ана жидерго хъвавулаб адабияталъе кьуч1 лъураб ва хъвай- хъваг1ай г1ат1идго т1ибит1изе байбихьараб г1асрулъун. Маг1арул хъвавулаб адабият бакки нилъеца бухьинабула ц1ар раг1арал г1алимзаби Кьудукьа Мусал Мух1амадида, Г1аймакиса Абубакарида ва Кудалиса Х1асанида. Х1акъикъаталдаги, гьездаса цебе литературияб ва динияб асар маг1арул мац1алда хъван бук1иналъул х1ужжаби дагьал ва ц1акъ мукъсанал руго. Гьезул х1акъалъулъ нилъеца цебехун бицана.
47 Сайт: izanoshkola.ucoz.ru почта:
Еще похожие презентации в нашем архиве:
© 2021 MyShared Inc.
All rights reserved.